Тест по дагестанской литературе. 1 полугодие. 10 кл.


ТЕСТ №1. (ДАГЕСТАНСКАЯ ЛИТЕРАТУРА. 10 класс.)

1. Чанабилеб гIасруялда ккарал лъугьа-бахъиназул бицунеб бугеб «ПартIу ПатIима» абураб лаказул халкъияб кьалул кочIолъ? А) XIV гI. Б) XVII гI. В) XIX гI. Г) XXI гI.

2. Гьал мухъал кинаб аваразул халкъияб кочIолъа росарал ругел? - Дуе гIумру кьеяв, квер гьечIев Сурхай, ТIаде щвараб къокъа щиб рахъалдасан? ТалихI кьун вохаяв, квер гьечIев Сурхай, А) «ГанчIил вас». В) «Надир-шагь щущахъ виххизави». ЧIегIераб чодулав щиб улкаялъул? Б) «Бахтика». Г) «Айгъази».

3. КIиабилеб суалалда кьураб кочIол роцен чIезабе. А) 9 гьижа. Б) 10 гьижа. В) 11 гьижа. Г) 12 гьижа.

4. Къудукьа Мусал МухIамад, ГIаймакиса АбубакархIажияв, Кудалиса ХIасан, ГьаракIуниса СагIид ккола … А) 19 гIасруялде гьоркьоре унел аваразул шагIирзаби. Б) 17-18 гIасруялда аваразул хъвавулаб адабияталъе кьучI лъурал шагIирзаби. В) Аваразул халкъиял поэтал. Г) КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчагIи.

5. Инхоса ГIалихIажияв чанабилеб соналъ гьавурав? А) 1746. Б) 1846. В) 1946. Г) Лъаларо.

6. «ГIакълудал ралъад», «Мукъур сурмияб микки», «Яс бечедазе кьезе бокьаразде», «ХъахIаб рас баккиялде» абурал асаразул автор щив кколев? А)ХъахIабросулъа МахIмуд. Б) ЧIанкIа. В) Инхоса ГIалихIажияв. Г) ЧIикIаса МухIамад.

7. Гьаб кицилъун лъугьарал алфазазул автор щив? Гьерсил чода рекIарав хехго гъоркье рещтIуна, Цинги лъелго вилълъине хIатIида гIицIго ккола. А)ЦIадаса ХIамзат. Б) Хьаргабиса МухIамадбег. В) Инхоса ГIалихIажияв. Г) Кудалиса ХIасан.

8. Инхоса ГIалихIажиясул философияб асар кинаб? А) «ГIакълудал ралъад». Б) «Мукъур сурмияб микки». В) «ГIадада чIоге». Г) «ХъахIаб рас баккиялде».

9. Инхоса ГIалихIажиясул заманалъул аваразул поэтазда гьоркьоса лъил кIал букъанилан бицен бугеб? А) ГIанхил Маринил. Б) Хьаргабиса МухIамадбегил. В) ЧIикIаса МухIамадил. Г) Ругъжаса Элдариласул.

10. «ГIонкIкIолги дирги ккараб» абураб кечIалъул автор щив? А) ГIанхил Марин. Б) Хьаргабиса МухIамадбег. В) ЧIикIаса МухIамад. Г) Ругъжаса Элдарилав.

11. Сугъралъа МуртазагIалихIажияв авторлъун кколеб асар кинаб? А) «ГIухьбиги мутагIилзабиги». Б) «Сибиралдаса кагъат». В) «Росу берцин». Г) «БахIарзазде».

12. Инхоса ГIалихIажиясул заманалъул аваразул поэтазда гьоркьоса щив загьру кьун хварав? А) ГIанхил Марин. Б) Хьаргабиса МухIамадбег. В) ЧIикIаса МухIамад. Г) Ругъжаса Элдарилав.

13. БакьайчIиса ЧIанкIал битIараб цIар щиб? А) Тажудин. Б) Аслудин. В) МахIмуд. Г) МухIамад.

14. ХъахIабросулъа МахIмуд лъица чIварав? А) Анасил МухIамадица. Б) Игьалиса Магьдил МухIамадица. В) ЧIикIаса МухIамадица. Г) Лъаларо.

15. ЧIанкIаца хъвараб асар кинаб? А) «Гулишатиде». Б) «Макьу». В) «Бахтика». Г) «ГIакълудал ралъад».

16. Гьаб кечIалъул цIар ва автор лъай. МагIарухъе унел хъахIилал накIкIал, Хъван битIани, кагъат тIобитIиларищ? Хунзахъе щолелъул, Шамалъул гьури, ГьитIинаб сайигъат боссе кIвеларищ? А) «Марям». ХъахIабросулъа МахIмуд. В) «ТIаде магIарухъе яхине анищ». ЧIанкIа. Б) «Зигара буго». ГIанхил Марин. Г) «Сибиралдаса кагъат». Сугъралъа МуртазагIалихIажияв.

17. ХъахIабросулъа МахIмуд чанабилеб соналъ гьавурав? А) 1773. Б) 1873. В) 1973. Г) 1883.

18. ХъахIабросулъа МахIмуд кинаб рагъулъ гIахьаллъарав? А) 1904-1905 соназда япониязулгун рагъда. В) 1914-1918 соназда тIоцебесеб дунялалъулго рагъда. Б) 1941-1945 соназда КIудияб ВатIанияб рагъда. Г) Лъаларо.

19. Гьаб асаралъул цIар ва автор лъай. Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел КIвеларищ босизе, самаалъул накIкI? Соролел лугбазул бугеб гIакъуба! - ГIарза хъван кьеларищ, хъахIил зодил хьухь? А) «Марям». ХъахIабросулъа МахIмуд. В) «ТIаде магIарухъе яхине анищ». ЧIанкIа. Б) «Зигара буго». ГIанхил Марин. Г) «Сибиралдаса кагъат». Сугъралъа МуртазагIалихIажияв.

20. ХъахIабросулъа МахIмудил «Марям» абураб асаралъул жанр щиб? А) Баллада. Б) МагIу. В) Хабар. Г) Поэма.


Полный текст материала Тест по дагестанской литературе. 1 полугодие. 10 кл. смотрите в скачиваемом файле.
На странице приведен фрагмент.
Автор: Магомаев Магомед Абулаюбович  Магалак
03.05.2011 2 9268 840

Спасибо за Вашу оценку. Если хотите, чтобы Ваше имя
стало известно автору, войдите на сайт как пользователь
и нажмите Спасибо еще раз. Ваше имя появится на этой стрнице.



А вы знали?

Инструкции по ПК