Конспект урока родной литературы "Рагьараб дарс Инхоса ГIалихIажив "ТIабигIат берцинаб жо"; 5 - 6 классы
Материал для открытого урока по родной литературе для 5-7 кл.
Тема: Инхоса ГIалихIажияв «ТIабигIат берцинаб жо»
Дарсил мурадал:
- ЦIияб темагун лъай-хъвай гьаби.
- Инхоса ГIалихIажиясул творчествогун ва «ТIабигIат берцинаб жо» абураб кечIгун лъай-хъвай гьаби.
- ПасихIго цIализе ва хIасил бицине ругьун гьари.
- ТIабигIаталде ва рижараб тIалъуде тIей гьечIеб рокьи бижизаби.
Дарсил алатал: ТIехь «Авар адабият» 5 клас, план, Инхоса ГIалихIажиясул, сурат , захIматал рагIаби, слайдал, диск.
Дарсил тайпа: гIадатияб гуреб.
Дарсил ин:
1.ХIадурлъиялъул лахIзат.
АхIмад Закариевасул «Салам» абураб кечI биччала лъималги рахъинарун
Хадуб дицаго салам кьела
РорчIами чIагоял дир магIарулал
ГIумру талихIаб кьун ракIал рохаял
Изну кье гьитIичал нужеца дие
Жакъасеб дарс бачун нуж реэдизе.
Жакъа нужее авар адабияталъул гIадатияб гуреб дарс кьезе буго дица, цIарги дида, Зарема МухIамадовна ккола.
Дарсил мурадалги рицина.
Гьадаб дарсил авалалда биччараб кочIол мурадги гьадинаб буго лъимал:
Авар калам рагIараб мехалъ дир ракI бохула, ахIулеб магIарул кечI рагIараб мехалъ дида куркьбал гъола. Гьел куркьбаз дун ячуна рорхатал мугIруздеги, гъваридал кIкIалахъеги, цIорорал иццазухъеги, гIакъилал, намус- яхI цIикIкIарал харабахъеги.
Дун чIухIула дунго магIарулай йикIиналдаса. Нужее гьабулищха лъимал гьединаб асар?
РачIаха лъимал жакъасеб гьаб дарсги рекIелъ гьеб чIухIигун жигарлъигун бачилин.
2. Рокъобе кьураб хIалтIул цIех – рех гьаби.
ЦIияб тема байбихьилалде рачIа цин лъимал араб, нужее малъараб материал ракIалда бугищали хал гьабилин. (слайдал риччала)
3. ЦIияб тема.
а) Жакъасеб дарсие дица эпиграфлъун босун буго гьадинаб кици:
Гьалъул магIна бичIчIизабизе нилъей кумек гьабила нилъерго цIалдохъабаз
б) Сценка бихьизабила
ГIалихIажи: Яхъарайищ, ГIаща, къо битIаги.
ГIаща: Амин, дуеги битIаги
ГIалихIажи: КъватIийги яхъинчIого мун щиб хIалтIудагIаги йигей?
ГIаща: Щибха гьабилеб, ГIалихIажи, хIалтIизеги кIолеб гьечIелъул
ГIалихIажи: КIоларого гуреб бугеб, бокьуларого
ГIаща: Абуге, ГIалихIажи, унтун йиго.
(тIаде вачIуна жиндирго ахикье унев мадугьал)
Мадугьал: Ассалам гIалайкум, бакъалдайищ вугев, ГIалихIажи?
ГIалихIажи: ВагIалейкум салам, кив вахъарав бахIарчи?
Мадугьал: Унев вуго ахикье пихъ бакIаризе
ГIалихIажи: Бегьула, бегьула нух битIаги бахIарчи.
ГIаща: РагIулищ, ГIалихIажи.
(нахъе унев мадугьаласде хадуйги ялагьун абула)
Вай дур михъал хIулаяв
ГIеч -гени бакIарун лъугIулебго гьечIо гьазул, бетIула, бикъула, баччула. Бикъулеб буго гьаз кинабго.
ГIалихIажи: Ягъаре, ГIаща, щиб бикъулеяли бихьизе. ЦIунцIраби гIадин тIаделъун хIалтIулел руго гIадамал жиндирго ахикь ва хурир.
(ТIаде ячIуна хурие уней мадугьал ПатIимат)
ПатIимат: Гьабулеб битIаги нужер, бакъалдайищ ругел?
ГIаща: Бакъалда йигоха, ПатIимат, дирго кун-кваралъе гIадлу гьабулей. Мун кий яхъарай?
ПатIимат: Хурие уней йикIана. Сон лъугIизабизе кIвечIеб цIоросаролъ, картошка баччизе. ( ПатIимат уна, гьелде хадуйги ялагьун ГIащаца абула)
ГIаща: РагIанищ, ГIалихIажи, вай нуж киналго тIагIаял, аскIор гIодор чIезе, хабар бицине чиго щоларо.
ГIалихIажи: Умумузулго кици буго «ГьавудичIев кваналарин», бакъалда гIодор рукIун бижулеб жо гуро ахикь пихъ. Дирги руго гъутIби, амма бухъи, лъалъай, чIарай дица гьезие гьабичIо.
ГIаща: Дирги руго кигIанги кIудиял хурзалги, ахалги. Вай тамаша гIаламат, дие щибго жо бижуларо. Аллагьги дие квешезегIадин лъугьун вуго.
ГIалихIажи: ГIаща, дуца Аллагьасде гIайиб рехуге. Мун хIалтIуларо, дур гIицIго кIал хIалтIула, кверал хIалтIуларо.
ГIаща: ХIалтIичIониги бижун буго ГIалихIажи гIадамазе жо.
ГIалихIажи: Мун чIегIераб жахIдаялъ чIвалей йиго ГIаща. Вахъинин дунги ахикье
ГIаща: Диеги босе, ГIалихIажи, цо кинаб букIаниги пихъ, цIакъ хиял лъун бугин.
ГIалихIажи: Босила, босила ( цодагьаб заман иналде ГIалихIажи пихъги босичIого нахъ вуссун вачIуна)
ГIаща: Щай хехго вачIарав?
ГIалихIажи: БатичIо, дица бекьичIо, лъалъачIо, гьалеха хIасил ( гьедин абун кодоб букIараб таргьа тIаде сверизабула)
Киназго цадахъ абила «ЗахIмат бихьичIого, рахIат бокьарас
БекьичIого лъилъе, нилъ гьечIого хур»
в) ГIалихIажиясул хIакъалъулъ видео биччала
г) Авторасул хIакъалъулъ рагIи. Слайдал риччан, биография бицина.
Инхоса ГIалихIажияв вукIун вуго кIудияв гIалим, гIакъил ва шагIир. Гьев гьавун вуго Гумбет районалъул ТIадинхо росулъ, мискинав ГъазимухIамадил хъизаналда. 10 сон барав вас инсуца кьун вуго Миакьоб бугеб мадрасалда цIализе. 10 соналъ гьенивги цIалун росулъе тIад вуссун вуго. Хундерил жамагIаталъул гьариялда рекъон хадув гьев витIун вуго ГIоротIа росдал дибирлъун. Гьенив дибирлъи гьабулаго ун вуго гьев тIоцеве хIежалдеги. Гьенив Шамиль имамгун дандчIванцин вуго гьев.
- Имам Шамиль щив кколев лъимал?
Гьев ккола дагъистаналъул лъабабилев имам. Гьев 25 соналъ вагъана шаригIаталъул нухда, дагъистаналдаги чачаналдаги дин тIибитIизабулаго. Ахиралда гьев асирлъуде ккана гIурус пачаясухъе, ва гьев витIана Калугаялде.
Гьениса хIежалде арав имам Шамилги ва Инхоса ГIалихIажиявги Маккаялда хIежги борхун Мадиналда дандчIван руго.
Имам Шамилил хIурматги гьабун кIудияб данделъи гьабун букIун буго гьениб дагъистанияз. Имам Шамилица гIалимзабазухъе ва хIакимзабазухъе ун гьарун буго жив аварагасул (с.а.в) хобаде виччайилан зияраталъе. Гьесул гьари къабул гьабун буго. Гьенив хобаде щварав мехалъ рачлихъе щвезегIан ретIелги бахъун накабаздаги чIун имам Шамилица чIагояв чиясдехун гIадин кIалъай гьабун бугила аварагасдехун. Гьес бицун бугила 25 соналъ гьарурал рагъазул ва гьениб бихьараб гIакъуба – гIазабалъул . Гьенив жанив гьесда цадахъ 400 дагъистанияв вукIун вуго. Гьезда гьоркьов 28 сон барав ГIалихIажиявгиха.
Гьелдаса хадуб гьаз кIудияб данделъи гьабун буго. Киналго рахъун назмаби цIализе лъугьун руго. Амма ГIалихIажияв вуцIцIун чIун вуго. Имам Шамилида лъалев вукIун вуго ГIалихIажияв кинав чи вукIаравали, ва абун буго мун щай вуцIцIун чIун вугевилан. Цинги ГIалихIажияв тIадеги вахъун рекIехъе назму цIалун буго. Дора рукIарал киналго магIу кквезе кIвечIого хутIун руго.
ХIежалдаса тIад вуссун хадув , гьесул ритIухълъиги бихьун, гIадамаздехун бугеб бербалагьиги бихьун, гьев Казбек районалъул жамагIаталъул гьариялда рекъон Буртунай росулъе дибирлъун витIула. 1,5 дибирлъи гьабун буго гьезие.
Гьелдаса хадуб, 17 соналъ гьес дибирлъи гьабун буго Эндирей абулеб лъарагIазул росулъ. 2 нухалъ гьев хIежалде анна гьениб дибирлъи гьабулаго. Гьесда жиндаго цIар ГIали букIун буго, хIежалдаса вуссиндал хIажи жубан буго.
ЦIодораб ракIги, гIакъилаб бетIерги, гъваридаб пикруги гьеб букIана гьесул киназдасаго тIокIлъи.
Гьесул асарал тIоцере къватIире рачIана 1972 соналъ. Гьесул асараз нилъ ахIула битIараб нухде, яхI – намус цIунизе, гIадан вокьизе, вацлъиялда хьвадизе, гIелму гIагар гьабизе. Гьев хвана 1891 соналъ, ва вукъун вуго Эндирей росулъ. Гьенире зияраталъе гIадамалги хьвадула. Гьесул 3 кьибилалъул гIадан ГIалихIажиясул яс Сакинат, Сакинатил яс Аминат, Аминатил ясалъухъ гIенеккизе руго нилъ гьанже.
д) лъабабилеб кьибилалъул гIадан кIалъалей видео биччала
е) ЗахIматал рагIабазе баян кьей:
ж) учителасул мисалияб цIали.
з) кечI бижиялъе гIилла:
Цо къоялъ чIужуялъ ГIалихIажиясда абун буго, роцIцIарал къоялги ругин, рохьове щай унарев , нилъер цIулги дагьлъулеб бугин. ГIалихIажияв радалго хIамаги кьолон , гIащтIиги босун , рохьовехун валагьун ун вуго. Росу рагIалдасанго гьесда цадахъ ккун вуго цо нухлулав – гьобол. Гьесул гъежда ран рукIана цIакъ гьайбатал хулжалги. ГIалихIажияс хIамида хулжал лъеян абун буго. КигIан абуниги, гьоболас гьел хIамида лъун гьечIо. Гьел лъикIалан манзилалъ хабар – кIалалда рукIун руго. Цо заманалдасан «МикIкIилхаре» щолаго, гьоболас ГIалихIажиясда цIехон буго, нужехъа ГIалихIажияв лъикIав чи рагIулин, гьесул хIакъалъулъ гIадамаз щиб кинан абулаян. ГIалихIажияс гьоболасда абун буго, вугинха нилъ гIадав, квана-гьекъолев чи абун. ГIалихIажиявги гьоболги къо-мех лъикIги гьабун, ратIалъун руго. ГIалихIажиясда хадуб лъан буго гьев живгун дандчIварав чи ЖабрагIил малаик вукIин. Рохьове щварав мехалъ ГIалихIажияв, хIама кваназе цо санагIатаб бакIги балагьун чIун вуго. Гьес гIажаибал пикраби гьарун руго сверухъ бугеб тIабигIаталъул , гьелъул берцинлъиялъул , инсанасе гьелъул бугеб хайиралъул хIисаб гьабун буго, гIадамас гьелдаса битIун пайда босани, гьелъ кьолел пайдаялщинал нигIматазул. Ахирги гьал гъутIбузулги гIумру гIадамасулалдаса релълъараб бугилан абураб гIакълуялъ, рукIун ккун буго гьесул ботIролъ. НакIкIигъотIоца кьола гIадамасе бацIцIадаб гьаваги, чорхое щулияб сахлъигиян ракIалде ккана гьесда.
ГьедигIан берцинго гIолеб гъветIги къотIун , гьелъул гIумруялда барахщичIого рохдолъ гIащтIиги лъун, хIамулги рохьоса цIун , рачIунел гIадамазул намус гьечIел ишал , боржун унеб цIудул рагIад гIадин , паркъулеб букIана гьесул пикрабалъ.
Гьав гIодоса тIадеги вахъун , рохьов тирун вуго ва бакъвараб гIаркьел, кIвелекI данде гьабун буго. Гьебги хIамида лъун, ГIалихIажияв рокъове вилълъун вуго. Рокъове щваравго гьесде чIужуги ягъун йиго. Рокъов ярагьунарев мун, рохьовги ярагьунарилан, бачIараб цIулада разилъун гьечIо. Гьеб мехалъ хъван буго гьес «ТIабигIат берцинаб жо» абураб кечI. Гьеб кечI рагIараб мехалъ гьесул хъизан гIенеккун чIун йиго. Рохьие пасалъи гьабулел гIадамазги лъалаго кверал нахъе къан, чIагояб гъветI къотIи дагьлъун буго.
- ЦIияб тема щула гьаби
- Лъималаз кечI цIали.
- Бокьараб бакI тIаса бищун цIали.
- Суалазе жавабал кьезе.
- Сунда поэт гурхIулев вугев?
- ТIабигIаталъ нилъ хьихьи кочIол кинал рагIабазулъ загьирлъулел?
- ГъветI кIалъалеб букIарабани щиб гьелъ гьаризе букIараб шагIирасда? Хадуб квешлъиялъул рахъ ккуразда?
5. Калам цебетIезаби
(гьаб рагIудаса цIиял рагIаби лъугьинаре)
ГIали, би, залим, мали, багIли, мал, гIазаб, гIалам,
Предложениял ургъизе.
6. Рокъобе хIалтIи .
- Инхоса ГIалихIажиясул биография лъазе
- «ТIабигIат берцинаб жо» абураб гьесул кечI рекIехъе лъазабизе.
- ТIабигIаталъул суратал рахъине
7. Дарсил хIасил гьабизе. ( тест хIисабалда)
На странице приведен фрагмент.
Автор: Халакова Зарема Дибирмагомедовна
→ Публикатор 13.12.2017 0 3341 59 |
Спасибо за Вашу оценку. Если хотите, чтобы Ваше имя
стало известно автору, войдите на сайт как пользователь
и нажмите Спасибо еще раз. Ваше имя появится на этой стрнице.